dc.description |
«Китаби-Дада-Горгуд» немец мац1алда т1оцебесеб таржама гьаби ва басмаялда бахъиялъул 200 сон т1убай к1одо гьабиялъул х1акъалъулъ Азарбайжан Республикаялъул Президентасул Указалда х1исабалда росулел тадбиразул планазда рекъон Баку Халкъазда гьоркьосеб Мультикультурализм Централъ гьеб 25 мац1алда басмаялда бахъана: Азербайджан, Г1араб, Италиязулаб, Талыш, Француз, Авар, Г1урус, Китай, Тат, Фарс, Венгриязул, Жугьут1, Курд, Турк, Хыналуг, Грек, Инглис, Лезги, Удин, Эрмени, Гуржи, Индеязулаб, Немец, Украин, Япон.
Гьеб т1ехь бук1инисеб испан, португаль, индонез, голланд, поляк, чех, болгар ва цогидал мац1азда бахъила.
1815-абулел соназда немцазул машгьурав востоковед ва дипломат Гьайнрих Фон Дицица Азербайжаназул (Огузазул) эпос кколеб «Китаби-Дада-Горгуд»ил къиса немец мац1алде буссинабуна. Фон Дицица Пруссиялъул т1оцевесев посоль г1адин Г1усманияб х1укуматалда х1алт1улев мехалъ бак1араб бат1и-бат1иял Бакъбаккул улкабазул рукописазда гьоркьоб гьеб рукописалъе хасаб бак1 кьола. Гьанир рихьизарулел багьадураз, сюжеталъ гьесда греказул мифал рек1алде щвезарула, данде кколел, релълъарал бак1алги дагьал гьеч1о гьезул. Гьеб г1иллаялъе г1ологи, гьес басмаялда бахъизе кколеб таржамаялъе «Дада-Горгуд» хабаразда жаниб «Басатица Тапагоз ч1вараб» хабар т1аса бищула. Басатгун Одиссейил, Тапагозгун Полифемил цоцазда релълъиналъ, сюжетазда бугеб параллелаз Фон Дицие рес кьола «Дада-Горгуд» эпосалъул литературияб генеология нек1сиял къарнабазде балагьизе. |
en_US |